ХӀамадан
From Wikipedia, the free encyclopedia
ХӀамада́н[6], некӀо Экбатана (парс همدان Hamadân (Audio file "H.ogg" not found); падар. Həmədan; пагьл. اَهمدانcode: pal is deprecated Ahmatan) — Ираналъул шагьар, ХӀамадан останалъул тахшагьар. 2019 соналъ гьабураб хъвай-хъвагӀаязда рекъон, шагьаралъул халкъалъул къадар бахула 230,775 хъизаналда ва 783,300 чиясда.[7][8]. Этникияб рахъалъ гӀемерисел гӀумру гьабулел ккола парсал, амма гьединго гьезда гьоркьо руго азарбижанал ва лурал[9].
Шагьар
Картаби рихьизаризе/рахчизе
|
ХӀамадан ккола Ираналъул ва тӀолго дунялалъул бищун некӀсиял шагьараздасан.
Шагьар сверун руго гӀурчӀинлъиялъ цӀурал мугӀрул, жибгоги буго 3574-метралъул борхалъи бугеб Альванд абураб мегӀералда гъоркь. Шагьар буго 1850 метралъ ралъадалъул даражаялдаса тӀаде.
НекӀсияб тарих букӀиналъ ва рихьизе бакӀал гӀемерлъиялъ шагьар туристазда гьоркьоб машгьураб буго.