ЧӀарада мухъ
From Wikipedia, the free encyclopedia
ЧӀарада мухъ — Дагъистаналда гъорлӀ бугеб административиябгин территориалияб цвел ва мухъалъул статус бугеб муниципалияб гӀуцӀи. Буго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, Авариялъул жанубиябгин бакъбаккудехун. ЧӀарада мухъ ккола аваразул мухъазул цояб ва гӀатӀилъиялъул рахъалъ гьезда гьоркьоб ункъабилеб, Дагъистаналъул цогидал мухъазда гьоркьоб — 29-абилеб; мухъалъул гӀатӀилъи буго 894,03 квадратияб километр.[3]
мухъ / муниципалияб мухъ | |||
ЧӀарада мухъ | |||
---|---|---|---|
[комм. 1] | |||
|
|||
Пачалихъ | Россия | ||
ГъорлӀе уна | Дагъистан Дагъистаналде | ||
ГъорлӀе бачуна | 13 муниципалияб гӀуцӀи | ||
Адм. марказ | ЦӀуриб | ||
Нухмалъи | |||
Мухъалъул администрациялъул бетӀер | МухӀамадилазул ГӀабдулвагьабил МухӀидин | ||
Депутатазул данделъиялъул бетӀерав | МахӀачилазул МухӀамадил КӀудамухӀамад | ||
Территория | |||
ГӀатӀилъи | 894,03[1] км² (1,78 %) | ||
БакӀ | 29-б | ||
Тарих | |||
ГӀуцӀи | 1929 сон | ||
География | |||
Климат | Рекъараб | ||
СагӀтазул зона | MSK (UTC+3) | ||
Демография | |||
Къадар |
↗13 518[2] чи (2022 сон) 0,43 % |
||
БакӀ | 47-б бакӀ | ||
Гъунки | 15,12 чи/км² | ||
Росдалаб агьлулъи | 100 % | ||
Миллат(ал) | аварал | ||
Конфессия(л) | бусурбаби-суниял | ||
Расмиял мацӀал | авар, гӀурус | ||
Цифриял идентификаторал | |||
ОКАТО | 82 259 | ||
ОКТМО | 82 659 | ||
Расмияб сайт | |||
Медиафайлал Викигъамасалда |
Тарихияб рахъалъ гьанжсеб ЧӀарада мухъалъул бугеб территориялда рукӀана Авариялъул Къарахъ, Мукракь, Кьенсерухъ тарихиял болмухъал. Жибго ЧӀарада мухъ гӀуцӀана 1929 соналъул 3 юлалда, букӀараб Гъуниб сверухълъиялъул территориялда.
Административияб планалда ЧӀарада мухъ бикьула анцӀила лъабго муниципалияб гӀуцӀиялде, ичӀгоялъул буго росдал боялъул статус, ункъго буго жибго росу. Гьез гъорлӀе бачуна кинабниги 53 чӀел-бакӀ. Мухъалъул административияб марказ буго ЦӀуриб росу.
Агьлулъиялъул къадаралъул рахъалъ ЧӀарада мухъ буго 47 бакӀалда, гьенив гӀумру гьабун вуго 13 518 чи; мухъалъул кьибилаб халкълъун ккола аварал. Кинабниги агьлулъи буго росдалаб. Мухъ ккола авар мацӀалъул жанубияб тӀадкаламалъул къарахъдерил сверел тӀибитӀараб ареаллъун.